МагъчIваялъе рес

Терористаз ккезабураб зарал гIагараздаги бецIизабизе буго


Россиялъул президент Владимир Путиница гъулбасун буго террористаз ккезабураб зарал гьезул гIагараз бецIизаби тIалаблъун гьабулеб къанун.

Къануналда рекъон, теракталъул хIасилалда ккараб материалиябги моралиябги зарал бецIизе кколеб буго гьеб гьабурав чияс ва гьединго гьесул гIагараз. Гьединаб къагIидаялда гьеб къанун хIалтIизабизе бегьулеб буго, нагагьлъун гIарац ва цогидаб буголъи террористияб хIаракатчилъиялдалъун щун букIин чIезабун бугони.

Пачалихъияб Думаялъ гьеб къанун къабул гьабун букIана 25 октябралда, 30 октябралда гьеб тасдикъ гьабуна Федерациялъул мажлисалъ.
XS
SM
MD
LG