МагъчIваялъе рес

Пакистаналъул талибаз вищун вуго цIияв бетIер


Пакистаналъул талибаз лъазабуна хварав бетIер ХIакимулла Мехсудил бакIалда жидеца талибазул цIияв нухмалъулевлъун вищанин Хан СагIид абун цIар бугев чиян.

Мехсуд чIвана рузман къоялда Афгъанистаналъулгун гIаммаб гIорхъи бугеб Шималияб Вазиристан провинциялда америкаялъул пилот гьечIого боржунеб аппараталъ щвезабураб кьвагьиялъул хIасилалда. Гьесдаго цадахъ хвана гьесул гIагарисел кумекчагIиги. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабуна жалго талибаз.

Я пакистаналъул я америкаялъул официалиял идарабаз кинабгIаги официалияб лъазаби гьабичIо гьеб хIужжаялда хурхун.

Махсуд ва цогидал чIваялъул хIакъалъулъ цебеги цо нухалъ гуреб лъазабун букIараб.
XS
SM
MD
LG