МагъчIваялъе рес

Беларусалде данде санкцияби халат рахъинарулел руго


ТIадеги 12 моцIалъ халалъизабуна Беларусалде данде лъазарун рукIарал санкциязул асар Евроцолъиялъ. Талат къоялда загьир гьабураб лъазабиялда, Евроцолъиялъ квешаб бербалагьи загьир гьабуна улкаялда политикиял туснахъал рукIиналда, инсанасул ихтиярал хвезарулел рукIиналда, демократия ва диваналъул система цебетIеялда хурхарал реформаби гьарунгутIиялда бан. Санкцияби халат рахъине руго 20I4 соналъул 3I октябралде щвезегIан.

Ноябралъул ахиралда Минскалда ракIалда буго Вильнюсалда тIобитIизесеб Евроцолъиялъул саммиталде жиндирго делегация битIизе. Гьениб гьоркьоб лъезе буго рукIарал советиял республикабигун гIагарлъиялда хурхарал проблемаби. Беларусь ккола «Машрикъалъул партнерлъи» абураб европаялъул программаялъул гIахьалаб рахъзул цояб.
XS
SM
MD
LG