МагъчIваялъе рес

Рехсана политикиял туснахъазул цIарал


«Мемориал» абураб инсанасул ихтиярал цIунулеб жамгIияталъ 30 октябралда - Политикиял респрессиязул къурбанал ракIалде щвезариялъул къоялда загьир гьабуна россиялъул колониязда ругел 70 политикияв туснахъасул цIар бугеб сияхI. Гьелда руго россиялъул гурелги, къватIисел пачалихъазул гражданалги. ТIоцерего «Газпромалъул» платформаялда протесталъул акция тIобитIулеб мехалда ккурал «Гринписалъул» хIаракатчагIи ва «Арктик Санрайз» гамил экипажалъул вакилзаби.

«Мемориалалъул» сияхIалда гьединго руго «Болотнаялъул ишалъул» гIайиб гIунтIизабулел, Pussy Riotалъул ишалдалъун туснахъазде гъурал Надежда Толоконникова ва Мария Алехина, ЮКОСалъул ишалда хурхун жанир ругел Михаил Ходорковский, Платон Лебедев, Алексей Пичугин.

АрбагI къоялда Россиялда тIоритIана Сталинил репрессиязул къурбанал ракIалде щвезариялъул, чIегIер баялъул тадбирал, митингал.

«Пагьмуялъул гьаракь» абураб акция тIобитIана Москваялда «КIудияб терроралъул» соназда 20-азаргоялдаса цIикIкIун чи чIвараб Бутовоялъул полигоналда.

Петербургалда респрессиязул къурбанал ракIалде щвезаруна Троицкалъул майданалда бугеб Соловкабазул ганчIида аскIоб ва «Левашовская пустошь» абураб гIемер гIадамал гъурараб бакIалда.

Гьединалго акцияби тIоритIана Мурманскалда, Тюменалда, Ижевскалда, Благовещенскалда, Биробиджаналда, Пензаялда, Казаналада, Уфаялда, россиялъул цоги чанго шагьаралда.
XS
SM
MD
LG