МагъчIваялъе рес

Гуржиялда президентасул рищиял


Гуржиялъул президент Михаил Саакашвилил « Цогояб миллияб багъа-башари» абулеб партиялъ тIалъиялда гьабулеб буго улкаялда гьатIан къоялда унел президентасул рищиязул заманаялда рищарухъаби цо бутIаялдаса цоги бутIаялде гьаркьал кьезе рачунел рукIиналъул ай «карусель» гьабизе хIаракат бахъиялъул гIайиб.
Гьебго къоялъ президентасул хъулухъалде кандидат ва экс-спикер Нино Бурджанадзел партиялъ тIалъиялъул рахъ ккураб «Гуржиязул анищ» партиялда гьабулеб букIана рищиял унеб къоялъ агитация гьабиялъул гIайиб. Гуржиялъ президентасул рищиязда гIахьаллъулев вукIана кинабниги 23 кандидат. Гьенир фавориталлъун рикIана нухмалъиялъул партиялдаса Георгий Маргвелашвилиги, « Цогояб миллияб багъа-башариялдаса» Давид Бакрадзеги, Бурджанадзеги.
XS
SM
MD
LG