МагъчIваялъе рес

ГIиракъалда гьатIан къоялда чIван вуго 56 чи


ГIиракъалда гьатIан къоялда рукIарал кьвагьиязда чIван вуго 56 чи. Багъдадалда анцIго автомашина кьвагьидал хун вуго 42 чи. Гьел кьвагьизарун руго цо сагIаталда жанир гIадамал гIемерал ва аслияб къагIидаялда шигIитаз гIумру гьабулел къватIазда.
Мосул шагьаралда живго чIвалев автомашина речIчIизабун буго аскариязул руккелалда. Хун вуго 14 чи гьездаго гьоркьов щуго гIадатияв чиги. Лъукъун вуго 30-гIан чи.
Гьел тIадекIанцIиязул жавабчилъи жеги лъицаго тIаде босун гьечIо.
ГIиракъалъул медиказ уяллъун гьарулел руго хваралгун лъукъаразул хIакъалъулъ баянал.
Associated Pressалъул баяназда рекъон, цо октябрь моцIалда жаниб ГIиракъалда гьарурал кьвагьиязул хIасилалда хун вуго 545 чи.
XS
SM
MD
LG