МагъчIваялъе рес

Хасавюрталда батун буго «шагьидазул ручлул» хIадурулеб бакI


Хасавюрталда 25 октябаралда цо рокъоб чIухь балаго тIатун буго «шагьидазул ручлул» хIадурулеб букIараб бакI, гьединго бачун буго хIадурараб 16 рачелги. Къуватал идарабаз гьеб рукъ щущахъ биххизабун буго.
Хасавюрталда гьебго къоялъ лъазабун букIана контртерроралъулаб низам. Гьелъул хIасилалда чIвана изну гьечIого яргъид гIуцIарав кIигояв. ЧIварал рекIун рукIараб автомашиналъул батанин 50 литра жанибе унеб къали ва гьелда жаниб букIараб кьвагьулеб жоялъул къуват тротилалъул эквиваленталда 100 кг бащалъулин лъазабулеб буго низам цIунулез. ЧIваразул цояв щивали чIезабун буго. Гьев ккола Даудбегов Саддам. 2012 соналдаса нахъе гьес унев вукIанин Хасавюрт мухъалда рукIарал изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къукъаялде гъорлъеян абулеб буго низам цIунулез.
XS
SM
MD
LG