МагъчIваялъе рес

Дубровкаялда теракт гьабуралдаса 11 сон


Москваялда ракIалде щвезарулел руго Дубровкаялда Театралияб централда букIараб теракталъул къурбанал. Гьелдаса нахъе ана 11 сон.
Лъабго къоялъ изну гьечIого яргъидгIуцIараб къукъаялъ минаялъуса къватIиве виччалев вукIинчIо 916 театр бихьизе вачIарав чиги, «Норд-Ост» мюзиклалъул артисталги, театралъул хIалтIухъабиги.
Гьеб центр ккураз тIалаб гьабулеб букIана Чачаналъ рагъ чIезабизе ва гьенир ругелщинал федералиял аскарал нахъе рачине.
2002 соналъул 26 октябралда хасал аскаразул рагъухъабаз тIобитIана гъоркьлъалие росун рукIарал эркен гьариялъул операция. Гьез гьениб хIалтIизабун букIана жакъаги кинабали бицунареб къижизарулеб газ.
Гьелъул асар щваразе дару гьабизе бажаричIого хун вукIана 130 гъоркьлъалие восун вукIарав, чIван вукIана 50 яргъидгIуцIарав, гьезул лъабгояв ккун ва тамихIалде цIан вукIана.
ЧIегIер баялъул аслиял тадбирал тIоритIизе руго 26 октябралда.
XS
SM
MD
LG