МагъчIваялъе рес

Гринпис-Россия- цо пикруялде рачIун гьечIо


Мурманскалда бугеб Гринписалъул офисалде жанире балъго лъугьунел маскаби ххурал гlадамал, 18Окт2013
Мурманскалда бугеб Гринписалъул офисалде жанире балъго лъугьунел маскаби ххурал гlадамал, 18Окт2013
Россиялъ къабул гьабулеб гьечIо «Гринпис» «Арктик Санрайз» гамида сверун ишалъулъ арбитражалъул процедура. Гьелда гьединго ракIалда гьечIо ралъдалъ хIалтIулел къануназда сверун Халкъаздагьоркьосеб трибуналалда заманалъулал тадбиразда сверун суалал дандраялъулъ гIахьаллъизеги. Гьедин лъазабуна арбагI къоялда Россиялъул къватIисел ишазул министрелъиялъ. Гьелъ тIадчIей гьабулеб букIана гьеб суал рагIалде бахъинабизе Москваялъеги бокьун букIиналда.
21 октябралда Нидерландаз хитIаб гьабун букIана Гамбургалда бугеб ралъдалъ хIалтIулел къануназда сверун Халкъаздагьоркьосеб трибуналалде. Гьез гьенибе кьун букIана «Арктик Санрайз» абулеб гамида сверун Россиялде данде арбитражияб гIарза. Амстердамалъ гьарулеб букIана гьеб иш рагIалде бахъинегIан заманалъулал тадбирал тIоритIизе ай гьеб гамаги гьелъул экипажги ишалъул цIех-рех лъугIинегIан эркен гьаризе.
«Гринпис» «Арктик Санрайз» абулеб гама ккун букIана Россиялъул гъурхъаби цIунулез Печорский ралъдалъ 18 сентябралда гьелда тIад рукIараз «Газпром» компаниялъул нарт бахъулеб платформаялде тIаде рахине хIалбихьараб мехалда. 30 чиясда гIунтIизабун буго пиратлъи гьабиялъул гIайиб.
XS
SM
MD
LG