МагъчIваялъе рес

Зейналовасул адвокатас гьев кквеялда тlасан гlарза хъван буго


Москваялдаса Егор Щербаков чIваялъул гIайиб гIунтIизабулев вугев Орхан Зейналовасул адвокатас гIарза хъван буго гьев туснахъалъув кквеялда тIасан. Диваналъ гьеб гIарзаялъул хал гьабизе бугеб къо-моцI жеги бихьизабун гьечIо.
Араб анкьалда, диванханаялъул хIукмуялда рекъон, Азербажаналдаса Орхан Зейналов туснахъалъув кквезе бихьизабуна 10 декабралде щвезегIан. Гьесда гIунтIизабулеб буго чи чIвай абураб гIайиб. Гьев гIумруялъго жанив тIамизецин ресги буго. Зейналовас живго гIайибилавлъун рикIкIунев гьечIо.
Россиялъул ишазе комментариял кьолаго, Азербажаналъул тIалъиялъ лъазабуна чиясда гIайиб гьечIолъиялъул презумпция Москваялъ гьеб суалалъулъ гIадахъго босулеб гьечIин.
Щербаков чIван хадуб Москваялъул Бирюлово мухъалда къватIахъе вахъун гIадлу-биххиял гьарулел рукIана гIемерв чияс. Ккун вукIана 400 чи, гьезул ункъгоясда гIунтIизабун буго хулиганлъиялъул гIайиб. Гьединго мигрантазде данде полициялъ гьарурал рейдазул хIасилалда ккун вуго 1500 ялдаса цIикIкIун чи.
XS
SM
MD
LG