МагъчIваялъе рес

Полициялъ гIурус миллатчагIи ккуна Химки шагьаралда


Москва икълималда бугеб Химки абулеб шагьаралда полициялъ ккуна къануналде данде кколарел миграндазда хадуб хал кквей гьабулел миллатчагIи.

Гьадин лъазабуна «ГIурусал» абулеб багъа-бачариялъул цевехъан Дмитрий Демушкиница.

Гьесул рагIабазда рекъон миллатчагIаз гьадинал рейдал ризго гьарулел ругин ва хIасил полициялдеги Федералияб Миграционияб Хъулухъалдеги битIулеб бугин.
XS
SM
MD
LG