МагъчIваялъе рес

Диваналъ Берлусконие къотIи гьабуна


Миланалъул диваналъ Италиялъул вукIарав премьео-министр Сильвио Берлусконие гьукъана кIиго соналда жанир пачалихъиял хъулухъазда хIалтIизе.

Рейтер агентлъиялъ лъазабухъе гьесда чIвараб гIайиб магъалабазда бан хIилла-макру гьаби.

ГьабсагIат Берлускони Италиялъул сенатор вукIиналъ диваналъул хIукму хIалтIизабиялъе рес кьолеб гьечIо.

Гьелъие гIоло хIажатаб буго парламенталъул тIадегIанаб палатаялъул разилъи.

Гьеб суал гьоркьоб лъезе буго исана ноябрь моцIалда.
XS
SM
MD
LG