МагъчIваялъе рес

Дагъистан - Россиялда бищун хIинкъи цIикIкIараб регион


Россиялъул терроризмалде данде чIараб миллияб комитеталъ гьарурал хIасилазда рекъон, Россиялда лъугьунел киналгогIан террактал Шималияб Кавказалда гьарулел руго. Гьезул цIикIкIунисеб къадар Дагъистаналда кколел руго.

Гьал къоязда Россиялъул терроризмалде дандечIараб комитеталъул хIисаб кьолеб данделъиялда гьелъул нухмалъулев Евгений Ильиница лъазабуна Россиялда лъугьунел террактазу 98 процент Шималияб Кавказалда лъугьунилан.

Бищунго хIинкъи цIикIкIарал регионазул сияхIалъе бетIерлъи Дагъистаналъги гьабулеб бугилан. Гьелъие нугIлъи гьабула ФСБялъ кьурал баяназги, гьезда рекъон 20I3 соналъ россиялда ккараб 144 терракталъул 120 Дагъистаналда ккун буго.

Кавказский Узел сайталъул баяназда рекъон 2013 соналъул тIоцебесеб кварталалда Дагъистаналда батIи-батIиял такъсириял ишазул хIасилалда 108 чиясе зарал ккун буго, гьезда гьоркьоса 67 чи лъукъун вуго 41 чи лъукъун вуго.

КIиабилеб кварталалдаги гьеб ахIвал-хIал дагьабги квешлъун гурони лъикIаб рахъалд свверун гьечIо. Апрелалдаса июналде щвезегIан рагъулал тунка-гIусиязул хIасилазда 207 чиясе зарал ккун буго.

Гьезул 86 къадаралде щун вуго, 121 чиясе батIи-батIияб захIмалъиялъул лъукъа-къотIи щун буго.

Гьеб статистика хIакъикъияб букIин бихьизабуна гьаб анкьица Дагъистаналда ккарал балагьал лъугьа-бахъиназги.

Итни къоялъул сардилъ Лак мухъалълу Кума росдал рагIалда басрияб реххун тараб мина кьвагьана. Гьеб бакIалде тIаде щварал къуваталъул идарабазул вакилзабаздаги щалали чIезаризе кIвечIел чагIаздаги гьоркьоб кьвагьа-гIанхъи ккана.

Гьелъул хIасилалда лъукъарав цо полициялъулав азарханаялде вачунаго хвана. НизамцIунулезде гьужум гьабурал кквезе кIвечIо, къуваталъул идарабаз гьел ралагьулел руго.

Кьвагьараб мина изнугьечIого яргъидгIуцIараз жидерго мурадазе гIоло хIалтIизабулеб букIанилан рикIкIунеб буго къуваталъул идарабазул вакилзабаз. Кума росулъа гIадамаз гьеб кьвагьараб минаялъул изнугьечIого яргъидгIуцIаразул жаназаби ратизе бегьулинги рикIкIунеб букIана.

Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъул вакил Расул Темирбековас «Эркенлъи» радиоялъе бицухъе гьеб кьвагьараб минаялъул жеги халгьабун лъугIун гьечIо, гьаб сагIаталда жаниб ярагъ гуреб тIокIаб жо батичIин гьенибин абуна гьес.

Расул Темирбеков: «Гьеб кьвагьараб минаялъуб батана кIиго автомат, ноутбукал, 5 рация, чанго граната. Гьеб бакIалда гьединго ратана рега-рахъине санагIалъаби гьарурал бакIалги.

Гьеб киналъго бихьизабула кьвагьараб минаялъуб изнугьечIого яргъидгIуцIаразул чIей букIараблъи.

Гьеб мина бугеб бакIалда автомобилалъул нух гьечIо гьединлъидал квералъ бихха-хочизабун гьеб кьвагьараб бакIгун унеб буго гьениб халгьаби. Жеги лъугIунги гьечIо гьеб, гьаб сагIаталда ярагъ гуреб тIокIаб щибгоги батичIо гьениб. Кьвагьулеб жоялъул хутIелалги ратулел руго дагь-дагьккун.

Гьеб жинго жиндасанго кьвагьун батилин толеб буго къуваталъул идарабаз, гурони низамцIунулезде гьужум гьабиялъе гIоло кьвагьун букIарабани гьеб дагьабги лъикIаб хIадурун букIинаан»

Лак мухъалда ккраал лъугьа-бахъиназда цебеги Дагъистаналда гIодой биччай букIинчIо. Гьедин I4 октябралда Хасавюрт мухъалъул Юбилейное росулъ Хасавюрталъул полициялъул цIех-рехалъул бутIаялъул нухмалъулесул автомобилалде кьвагьдана щалили лъаларел чагIи.

Гьелъу хIасилалда низамцIунулев лъукъана, гьаб сагIат гьесул гIумруялъе щибго хIинкъи гьечIин лъазабулеб буго тохтурзабаз. ТIадекIанцIи гьабулралчагIи кквезе кIвечIо, гьел ралагьулел руго хасал идарабазул хIалтIухъабаз.

Гьединго 12 октябралда Хасавюрталъул Пушкинил къотIноб къуваталъул идарабаз халгьабизе чIезабураб автомобилалда жанисан кьвагьи бахъана. Низам цIунулез дандеги кьвагьун автомобилалъув вукIарав чи чIвана.

Низам цIунулезе зарал ккечIо, амма гьезул цояс лъачIого аскIосан унев вукIарав гIадатияв чи лъукъана. Тохтурзабаз кьурал баяназда рекъон гьесул сахлъиялъе кIудияб зарал ккун гьечIо ва гIумрудуеги хIинкъи гьечIо.

Цереккунисел баяназда рекъон чIварав чи Хасавюрталъул изнугьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялъул бетIер Азнаур Хизриев вукIанин рикIкIунеб буго жанисел ишазул хIалтIухъабаз.
XS
SM
MD
LG