МагъчIваялъе рес

Сириялда кьвагьи


Сириялъул Дераа вилаяталда арбагI къоялъул радал бахъараб кьвагьиялъул хIасилалда 21 чи чIван вуго.

Кьвагьизабураб автобусалда рекIун рукIарал гьел чIваразда гъорлъ - анлъго чIужу-гIаданги ункъго лъимерги. Кьвагьи ккана Ноа абулеб шагьаралда бугеб рагъулаб базаялда аскIоб.

Щиб гьеб кьвагьиялъе гIиллалъун ккун бугебали жеги лъалеб гьечIо, амма КIудияб Британиялда ругел Сириялъул инсанасул ихтиярал цIунулез гIайиб гIунтIизабулеб буго хIукуматалъул аскариязде
XS
SM
MD
LG