МагъчIваялъе рес

Бирюлёвалъул чIвадарухъан ккун вуго


ЦIех-рех гьабулеб Россиялъул комитеталъ тIаде жубараб информация тIибитIизабуна Москваялъул Бирюлёво мухъалда Егор Щербаков чIварав чиясул хIакъалъулъ.

Гьелда рекъон шаклъи ккун буго Азербайджаналдаса гьениве вачIарав Зейналов Орханида.

Рехсараб комитеталъул вакил Владимир Маркиница абулеб буго гьес Москваялда анцIгогIан соналъ гIумру гьабулеб бугин даимаб хIалтIи гьечIого.

Такъсир гьабун хадусала гьев Зейналов лъутун вукIанин ва талат къоялъ гьев ккун вугоан Коломноялда.
XS
SM
MD
LG