МагъчIваялъе рес

ГΙиракъалда зулмуялъул къурбанлъун лъугьун вуго 30 чи


ГьатΙан къоялда ГΙиракъалда гьарурал зулмуялъул актазул хΙасилалда хун вуго бищун дагь босун 30 чи. Гьелъул хΙакъалъулъ полициялда ва медиказда базабун, лъазабулеб буго Associated Press агентлъиялъ.

Хилла шагьаралда базаралда кьвагьизабун буго чанго машина, хун вуго микьгояв, 22 чи лъукъунги вуго. Гьединалго кьвагьиял гьарун руго Эд-Дивания, Басра, Кут, Самарра, Мадайин ва Эль-МахΙмудия шагьаразда.

XS
SM
MD
LG