МагъчIваялъе рес

Джон Керри щвана Афгъанистаналде


Информалатазул лъазабиязда рекъон, Цолъарал штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керри рузман къоялда щвана Афгъанистаналде. Керрица Афгъанистаналъул президент ХΙамид Карзайилгун гьоркьоб лъолеб буго 2014 соналда НАТОялъул рагъулазул контингент нахъе бачун хадуб, гьениб тезесеб америкаялъул рагъулазул къадаралда хурхараб суал.

Агентлъиязул лъазабиязда рекъон, Цолъарал штатал ва афгъанистаналул нухмалъи гьеб суалалда сверун цо пикруялде рачΙине ккола октябралъул ахиралде щвелелде.
XS
SM
MD
LG