МагъчIваялъе рес

Азербайджаназул рищиязда пуланал тохалчагIи


Арал рищиязул хIасилалда лъабабилеб нухалъ тIатIала президентлъун лъащавун вуго ИльхIам ГIалиев
Арал рищиязул хIасилалда лъабабилеб нухалъ тIатIала президентлъун лъащавун вуго ИльхIам ГIалиев

Магърибалъул улкабаздаса Азербайджаналъул президентасул рищиязухъ хал-щал гьабизе вачIарав цо чанго пуланав тохалчи лъица гьениве витIарав ва лъица гъозие гIарцул кумек гьабулеб бугебали? Гьадинаб суалалъе жаваб батулеб гьечIо оппозициялда ва эркенал журналистазда.

Азербайджаналде рачIарал тохалчагIаз абулеб буго жал ругин Америкаялъул Лъидаго бачIеб политикияб мониторинг гьабулеб Централъул вакилзабиилан. Ва гьеб центр кколин Халкъаздагьоркьосеб экспертияб Централъул бутIалъун.

Гьел гIадамаз республикаялъул президентасул рищиязухъ хал-щал гьабулеб букIана Евроцолъиялъул ва Европаялда рекъон ХIалтIи гьабиялъул ва хIинкъи гьечIолъи цIуниялъул ГIуцIиялъул вакилзабазда цадахъ.

Амма шал гьел кколелали абураб суал Азербайджаналъул рищарухъабазе кьуни жаваб лъицаниги кьеларин. ГIемерисезда рагIизеги рагIичIин гьеб Лъидаго бачIеб политикияб мониторингалъул централъул хIакъалъулъ.

Цо-цоязул шаклъи буго гъозие официалияб Бакуялъ балъгояб гIарцул кумек гьабулеб букIиналда. Гьелъие далил батанани – оппозициялъе гьеб лъикIаб рес кьелаан хIилла-макруялъул гIайиб гIунтIизабизе рищиязда бергьарав ва лъабабилеб нухалъ тIатIала президентлъун вахъарав ИльхIам ГIалиевасдеги гьесул рахъ ккураздеги.

Америкалъул лъидаго бачIеб политикияб мониторинг гьабулеб Централъул офис Оклахома штаталъул Брокен Арров абулеб гьитIинаб шагьаралда буго.

Буго гьелъул жиндирого официалияб сайтги. Доба хъван буго Центр рагьун букIанин 2005 соналда Совет Союзалъул рукIарал республикабазда рищиял унеб куцалъухъ хал-щал гьаби мурадалда. www.iacopm.org/index.html

Гьениб абун буго тохалчагIаз битIараб ва ритIухъаб хал-шал гьабизе бугин, амма Казахстаналда, Украинаялда ва цогидал республикабазда арал рищиязул хIакъалъулъ щибниги хъван гьечIо. Гьел тIанчIал чIобогоял руго.

ТIокIаб информация батуларо рехсараб сайталда. Берцинго цIалани бихьула гьеб сайталъул информация ингилиз мацIалъ граматикиял гъалатIалдалъун кьун бугеблъи. Ва гьелдалъун щаклъиги ккун буго гIалимзабазулги электоратолъулги.

«Прес-релиз» абулеб гьумералда Обамал хIакъалъул хъван буго гьев киналго американиязул президент гурин.

Лъица гIарцул квербакъи гьабулеб бугебали – гьеб суалалъеги жаваб гьечIо.

Азербайджаналда рищиязул бакIал къан хадусала республикаялъул официалиял хъулухъчагIаз лъазабуна Америкалъул тохалчагIазул къукъаялъ рищиял рикIкIанин эркеналлъун ва ритIухъаллъун.

Загьирабураб макъалаялда гьединго рехсон буго Техас штаталдаса демократиялъул партиялъул конгрессмен Соломон Ортизица Азербайджаналъул президентасул рищиял унеб букIараб къагIидаялъе кьураб тIадегIанаб къимат.

Рехсараб къукъаялъул вакилзабаз Бакуялда тIобитIана жиндирго пресс-конференция.

Гьелъулъ гIахьаллъи гьабурав нижер радиоялъул азербайджан хъулухъалъул мухбирас гара-чIвари гьабуна Чехиялъул парламенталъул йикIарай депутат ва рехсараб къукъаялъул гIахьалчIужу Анна Чурдовагун.

Америкаялъул Лъидаго бачIеб политикияб мониторинг гьабулеб Централъул хIакъалъулъ баян гьабулаго гьелъ абуна центр Украинаялда бугин.

Лъица нужее гIарцул кумек гьабулеб бугебин абураб мухбирас кьураб суалалъе жаваб кьолаго, Чурдовалъ абуна гьеб бугин хIукуматалъул гуреб гIуцIи, ва жидеца Азербайджаналде бухьараб сапаралъе гIарац батанин цогидаб хIалтIи гьабун ва жидеца ритIухъал рищиязе гIоло хIаракат бахъулеб бугин.

Гьадинабго баян гьабуна Алманиялдаса адвокат Михаэл Хохендалицаги.

Чурдоваги Хохенландги гIажаиблъана Азербайджаналда инсанасул ихтиярал хвезарулел хIужаби гIемерал руго ян мухбирас гьезде абидал.

Азербайджаналъул президентасул рищиял ахиралде щун хадуб хъващтIан лъазабун букIана цебеккунисеб хасил.

Гьелда рекъон ИлхIам ГIалиевасе гIоло гьаркьал кьуна рищарухъабазул гIага-шагарго 83 процент. Гьесул дандияв оппозициялъул рахъалъан кандидат Джамил ХIасанлые щвана ичIго процент.

Кенан ГIалиев,
RFEE/RL корпорациялъул Азербайджан хъулухъалъул директор.
XS
SM
MD
LG