МагъчIваялъе рес

Нобелил премиялъул иргадулай лауреат - Элис Мунро


Канадаялъул хъвадарухъан Элис Мунро
Канадаялъул хъвадарухъан Элис Мунро
Хамис къоялъ Стокгольмалда Нобелил комитеталъ литератураялъул рахъалдаса Нобелил премиялъул лауреатлъун лъазаюна Канадаялдаса хъвадарухъан Элис Мунро.

Пресс-релизалда хъван буго, гьей кколин жакъасеб заманалъул къокъаб прозаялъул рахъалдаса махшел тΙокΙай хъвадарухъанин.

Мунро гьаюн йиго Онтарио провинциялда 1931 соналда. Гьелъул тΙоцебесеб къисса бахъун буго 1950 соналда. Цо-цо литературиял критиказ абулеб буго Мунро кколин «канадаялъул Чеховин».
XS
SM
MD
LG