МагъчIваялъе рес

Радикалиял исламиял къакъабазул лидеразде данде рейдал гьаруна Америкаялъ


Америкаялъул хасал хъулухъаз исламиял радикалиял къукъабазул лидеразде данде рейдал гьаруна Либиялдаги Сомалиялдаги. Либиялда ккун вуго ГIабдул-ХIамид аль-Рукъайи. Гьев лъала Анас аль-Либи аураб цIаралда гъоркь. Америкаялъ гьесда гIунтIизарулел руго Кениялда ва Танзаниялда 1998 соналда жидер вакиллъиязде тIадекIанцIи гьабиялъул гIайибал.
«Аль-КъагIидаялъулгун» бухьен бугеб «Аш-Шабаб» абулеб къукъаялъул лидер Мухтар Абу-Зубейра кквезе кIун гьечIо Сомалиялда. Гьесда буго Найробиялда дармил централде тIадекIанцIи гьабиялъулъ гIахьаллъиялъул щаклъи. Гьеб мехалда хун вукIана 67 чи.
XS
SM
MD
LG