МагъчIваялъе рес

ХъахIаб Рукъалда цебе кьвагьа-гIанхъи


Вашингтоналда полициялъул гIахьаллъигун букIараб кьвагьа-гIанхъи ва хъамари ккана улкаялъул тахшагьаралда хIинкъигьечIолъи цIуниялъул тадбирал кьваризариялъе гIиллалъун. Кинабго байбихьун буго ХъахIаб Рукъалда цебе лъураб барьералда тIадагьаб автомашина кьабиялдалъун. Гьелдаса хадуб гьеб лъалхъун гьечIо ва гьелъул гIаксалда дагьабги хъамун ун буго ХъахIаб Рукъалдаса Конгрессалъул мина бугеб рахъалдехун. Цересел баяназда рекъон, полициялъ кьвагьун буго гьеб автомашинаялде.
Капитоялъул гохIда аскIоб чIун буго гьеб ва гьеб бачуней йикIарай чIужугIадан чIван йиго. Автомашинаялъуб букIун буго гьитIинаб лъимерги.
Гьеб киналъего гIилла лъалеб гьечIо. Нухмалъиялъ абулеб буго гьеб теракт букIинчIин. Автомашина тункун лъукъун руго цо полициявги, балъгоял хъулухъазул хIалтIухъанги.
Кьвагьиялъул хабар бахъарабго Конгресс къан букIана жанир рукIарал гIадамалгун цадахъ. ГIорхъолъа араб ахIвал-хIалалъул низам бащдаб сагIтидасан нахъе бахъун букIана.
XS
SM
MD
LG