МагъчIваялъе рес

3 полициялъулав чIвана Дагъистаналда


ЦIех-Рех гьабулеб Россиялъул идараялъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул вакилзабаз прессалде лъазабуна МахIачхъалаялда гьатIан къоялъ шалали лъаларез лъабго полициялъулав речIчIун чIванин.

Ункъгояв лъукъун вуго.

Шамат къоялъ Гъизилюрт шагьаралъул рагIалда полициялъул къукъаялде тIаде кIанцIи гьабун букIана гьез аскIоса унеб автомобиль чIезабизе къасд гьабураб параялъ.

Гьужум гьабуразул цояв жавабияб кьвагьи гьабун чIван вуго.
XS
SM
MD
LG