МагъчIваялъе рес

ИльхIам ГIалиевасде данде митинг



Бакуялда тIобитIана Азербажаналъул президентлъиялде кандидатлъун кколев ва гьанжесев президент ИльхIам ГIалиевасул аслияв дандиявлъун рикIкIунев ХIасанлы Джамилил рахъ ккуразул митинг.

ГIага-шагарго 10 азарго чияс гьахьаллъи гьабуна гьелда.

Гьез ахIулел рукIана «ИльхIам гIела», «ИльхIам, нахъе а» ян абурал игIланал.

Азербажаналъул президентасул рищиял тIоритIила исана 9 октябралда.
XS
SM
MD
LG