МагъчIваялъе рес

50-ялдаса цIикIкIарав студент чIван вуго Нигериялда


Нигериялда гьатIан къоялъул радал «Боко-хIарам» абулеб радикалиял бусурбабазул гIуцIиялъул рагъухабаз гьарурал тIаде кIанцIиязул хIасилалда росдал магIишаталъул колледжалъул 50-ялдаса цIикIкIарав студент чIван вуго.

Гьеб цIалул идараялъул ректорас Associated Press агентлъиялде баян гьабулаго абуна, чIваразул мухIканаб къадар жеги тIад чIезабун гьечIин.

Азаргоялдаса студентасда балагь ккараб бакIалдаса лъутизе кIванин.

«Боко-хIарам» гIуцIиялъ гIамал гьабулеб буго Нигериялда шаригIат тIад чIезабизе. Ахирисел соназда гьелъул гIахьалчагIаз цIикIкIараб къадаралда гьужумал гьарулел руго килисабазде ва цIалул идарабазде.
XS
SM
MD
LG