МагъчIваялъе рес

Шамалда хурхараб резолюция къабул гьабун буго


Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул ХIинкъи ГьечIолъиялъул Шураялъ рузман къоялъул къаси къабул гьабуна Шамалъул химикияб ярагъ халкъаздагьоркьосеб контролалде гъоркье кьеялда хурхараб резолюция.

Хадуб гьеб ярагъ тIагIинабизе ккола рехсараб резолюциялда рекъон.

Шамалда гьединго тIадаб буго жиндирго химикияб яргъидаса инкар гьабизе. ГьечIони, Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул Низамалъ изну кьолеб буго Шамалде данде къуватал тадбирал хIалтIизаризе.
XS
SM
MD
LG