МагъчIваялъе рес

Пакистаналда цIияб ракь багъари


Пакистаналда шамат къоялъ нахъеги ракь багъарана. Гьелъул гуч гIага-шагарго анкьго балалде бахана.

Ракь багъариялъул эпицентр тIатинабун буго Белужистан вилаяталъул Аваран абулеб мухъалда. Гьадин лъазабуна Цолъарал Штатазул Геологиялъулаб хъулухъалъ.

Талат къоялъ букIараб ракь багъариялъул хIасилалда 500-гIан чи чIван вуго. Пакистанулъ тIадтараз гIадамазе хIажатаб кумек гьабулеб буго.
XS
SM
MD
LG