МагъчIваялъе рес

Обама ва РухIани телефоналъ кIалъана


Цолъарал Штатазул президент Барак Обамаца лъазабуна жинца рузман къоялъ телефонияб гара-чIвари гьабунин Ираналъул президент ХIасан РухIанигун.

Гьеб букIана кIиябго рехсараб пачалихъазул бутIрузул тIоцебесеб бухьен 1979 соналдаса байбихьун.

Хасго доб соналда Ираналъулгун Америкалъул дипломатикиял бухьенал гьоркьоса къотIана.

Барак Обамаца абуна, жинца хьул лъолеб бугин Ираналъул атомияб программаялда хурхараб къотIи кватIичIого гьабизе букIиналда.

Гьеб захIматаб иш бугин, аммаила Ираналда президент хисиялъ гьадинаб рес кьолеб бугин.
XS
SM
MD
LG