МагъчIваялъе рес

Суданалда 50-гIан демонстрант чIван вуго


Суданалда ахирисеб кIиго къоялда жаниб букIараб протесталъул акциялъул гIахьалчагIи нахъе гъолаго 50-гIан чи чIван вуго, ян лъазабун буго Amnesty International абулеб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъул ва ритIухълъиялъулгун рекъелалъул проблемабазул цIех-рех гьабулеб Африкаялъул централъул цадахъаб докладалда.

ЧIваразул цIикIкIараб къадар кколаан гIолохъанал суданиял. Протесталъе гIиллалъун ккун буго субсидиял дагьлъизариялда ва магъало цIикIкIинабиялда хурхараб Суданалъул тIалъиялъ гьабураб хIукму.
XS
SM
MD
LG