МагъчIваялъе рес

Ираналъул президент РухIаница интервью кьуна


Цолъарал Штатазул ва Ираналъул президентал Барак Обамаца ва ХIасан РухIаница квербакъи гьабуна ираналъул атомияб программаялъул суалгун гьоркьоб халкъаздагьоркьосел кIалъа-басаял халат бахъинабиялъе.

Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул Гекнералияб Ассамблеялде гьабураб хитIабалда РухIаница лъазабуна атомияб ярагъалъе политикаялда бакI гьечIин ва Ираналъ гьелда хьул лъолебги гьечIин.

CNN агентлъиялъе талат къоялъ кьураб интервьюялда РухIаница Холокост тарихалда вахIшияб ишлъун рикIкIун, цого мехалъ абуна, гьадинаб иш гьабун букIаниги гьелъ жугьутIазе ихтияр кьолеб букIинчIин Дунялалъул кIиабилеб рагъдаса нахъе жидерго пачалихъ гIуцIизе.
XS
SM
MD
LG