МагъчIваялъе рес

«Гринписалъул» экологал ккун руго Россиялда


«Гринпис» абулеб тIабигIат цIунулеб гIуцIиялъул экологал рекIараб гамаялъ Печора ралъдалъе лъугьине гьабураб къасд Россиялъул ЦIех-рехалъул комитеталъ «пиратлъилъун» рикIкIун такъсирчилъиялъул цIех-рехалъул иш рагьана.

Гьадин лъазабуна рехсараб комитеталъул вакил Владимир Маркиница.

Гьесул рагIабазда рекъон экологазул хIаракатчилъиялъ Россиялъул суверенитеталъе хIинкъи кьолеб букIанин.

«Гринпис» абулеб гIуцIиялъул Россиялда бугеб вакиллъиялъийн лъазабуна жидехъе жеги цониги официалияб кагъат щун гьечIин.

Аммаила, тIаде жубана гьеб вакиллъиялъ, хIакъикъатьалдаги гьел экологал ккун ругин ва ункъго сордо-къоялда жаниб гьезие изну кьун букIинчIин жидерго гIага-божаразулгун ва юристалгун бухьен гьабизе.
XS
SM
MD
LG