МагъчIваялъе рес

ООН: "У, химикияб ярагъ Сириялда хΙалтΙизабун буго."


Цолъарал миллатазул гΙуцΙиялъул экспертаз лъазабуна, 21 августалда Сириялда химикияб ярагъ хΙалтΙизабун букΙиналъе гΙурал далилал ругин жидехъин. Докладалда абулеб гьечΙо кинаб рахъалъ гьеб ярагъ хΙалтΙизабун бугебали.

Цолъарал милллатазул гΙуцΙиялъул инспектораз хал гьабун буго химикиябин рикΙкΙунеб ярагъ хΙалтΙизабиялъул 14 хΙужжаялъул.

Цолъарал милллатазул гΙуцΙиялъул Сириялда гьарурал такъсиразул цΙех-рех гьабулеб комиссиялъул бетΙер Пауло Пинероца итни къоялда тΙобитΙараб пресс-конференциялда лъазабуна, химикиял атакабазда хурхараб цΙех-рех халат бахъунеб бугин. Гьесулго рагΙабазда, халкъаздагьоркьосел экспертазда тΙадаб гьечΙо, лъица гьеб ярагъ хΙалтΙизабурабали мухΙкан гьабизе.

Би-би-си агенлъиялъул лъазабиялда рекъон, экспертазухъ рагΙула рагъулаб такъсирал гьариялъул щаклъи бугел гΙадамазул сияхΙ.
XS
SM
MD
LG