МагъчIваялъе рес

Митингалда ккуразул 4-яв гъоркь тун хутlарал эркен гьарун руго


12 сентябралда МахIачхъалаялда Дагъистаналъул прокуратураялда аскIоб тIобитIараб митингалъул 75 гIахьалчи ккун вуго полициялъул хIалтIухъабаз. Митинг чагIаз тIалаб гьабулеб букIана 11 сентябралда изну гьечIого ярагъ цIуниялъул ва гьеб босиялъул щаклъи букIун ккурав Гъарабудагъкент мухъалъул Агъачаул росулъа Гъамбулатов Малик къватIиве виччайилан. Митингалъул гIахьалчагIаздаги полициялъул хIалтIухъабаздаги гьоркьоб ккараб тунка-гIуси сабаблъун къуваталъул идарабаз ккуразул 4 ясда тIад полициялъул хIалтIухъанасде тIадекIанцIи гьабиялда ва чияр къайи-къоно хвезабиялда рекъон такъсиргьабиялъул иш гьабун буго, 71 чиясда тIад МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул диванханаялъ 10 азарго гъурущ гIакIаги къотIун буго. Ккуразул 4-яв хутIизегIан киналго къватIиреги риччан руго.
XS
SM
MD
LG