МагъчIваялъе рес

НекΙсиял монахазул гΙадат цΙилъизабурав гуржияв

Гуржиялъул магърибалда бугеб Читаури шагьаралда аскΙобехун 40 метралъул борхалъуда монах Максим Кавтарадзеца ватΙа чΙараб гΙумру гьабулеб буго чанго соналъ. Гьес абулеб буго, жинца гΙолохъанаб заманалда гьекъолеб букΙанин, ричулел рукΙанин наркотикал, жинца гьабизе камун жо течΙин. Ахиркъадги туснахъалдеги кканин. КантΙизе байбихьун хадуб, жинца хΙукму гьабунин Кацхил колоннаялда ГьитΙинаб гьатΙан базейин, гΙемер гΙасрабаз цебе жал щалали лъаларел монахазул гΙадаб гΙумру гьабизейин. Християназул гΙагарисеб жамгΙияталъул кумекалдалъун жинца банин тΙаде хасаб мали, хадуб жибго динияб минагиян, абулеб буго Максимица. Хадуб жибго коллоннаялда гъоркьги баккун буго монахазул мина ва гьитΙинаб гьатΙан. Гьенире хьвадулел руго гΙолохъанал диниял хΙаракатчагΙи. Photos by Amos Chapple.

Цойги

XS
SM
MD
LG