МагъчIваялъе рес

Кьвагьиял гьарун руго "Аль-Шабабалъ"


«Аль-Каидаялдъулгун» хурхен бугеб «Аш-Шабаб» абураб радикалиял исламистазул къокъаялъ жиндего тΙаде босана Сомалиялъул тахшагьаралда гьарурал кьвагьиязул жавабчилъи.

Полициялъул лъазабиялда рекъон, Шамат къоялда Магадишоялъул петералда ва рестораналда гьарурал кьвагьиязул хΙасилалда хун вуго 18 чи. Бищун дагь босун 20 чи лъукъунги вуго. Хвалде унес кьвагьизабун буго жаниб бомба букΙараб бугеб машина. Кин гьабурабали кΙиабилеб кьвагьи гьанжеги мухΙканго лъалеб гьечΙо.

КΙигогΙан соналъ цебе Сомалиялъул армиялъ Африкаялъул цолъиялъул парахалъи чΙезабулел къуватазул квербакъиялдалъун Магадишоялдаса нахъе къотΙун рукΙана «Аш-Шабабалъул» боевикал. Амма радикалиял исламистаз халат рахъинарулел руго тахшагьаралде тΙадекΙанцΙиял.
XS
SM
MD
LG