МагъчIваялъе рес

Россия разилъизе бегьула Сириялда рагъул операциялъе


АрбагΙ къоялъ радал Россиялъул президент Владимир Путиница лъазабуна, загьруяб газ Асадил режималъ хΙалтΙизабиялъул хΙужжа чΙезабуни, Москва разилъизе бегьулин Цолъарал миллатазул гΙуцΙиялъул изну кьун хадуб Сириялда рагъулаб операция тΙибитΙиялъул къварагΙел бук1иналдаян.

Сириялда сверун дебатал байбихьараб Франция арбагΙ къоялъ Дамскалъ ахΙана Башар Асадил режималде данде къуват хΙалтΙизабиялъул хΙукму къабул гьабизе гΙедегΙунгутΙиялде. Франциялъул президент Франсуа Олландица къанунал рахъулел ахΙана химикияб ярагъ хΙалтΙизабиялъул гΙайиб Магърибалъ гΙунтΙизабулеб Сириялде данде рагъулаб операция тΙобитΙизе кколин рикΙкΙунеб Цолъарал штатазул позициялъул рахъ кквеялде.

АрбагΙ къоялдаго Цолъарал штатазул Сенаталда тΙобитΙизе буго 60 къоялъул рагъулаб операция Сириялда тΙобитΙиялда хурхун гьаркьал кьей.
XS
SM
MD
LG