МагъчIваялъе рес

ГIиракъалъул Самарраялда 11 шиит чIван вуго


ГIиракъалъул Самарра шагьаралъул базаралда рузман къоялъ бахъараб кьвагьиялъул хIасилалда 11 чи чIван вуго, ян лъазабуна бакIалъулал тIадтараз.

Гьезул баяналда рекъон кьвагьизабун букIанин жаниб бахчун тараб бомбагун цо автомобиль.

Самарра шагьаралда гIемерал суннитаз гIумру гьабулеб буго. Ахирисеб заманалда гьезда ва шиитазда гьоркьоб бугеб питна цIикIкIунеб буго.
XS
SM
MD
LG