МагъчIваялъе рес

Британиялъул парламент рагъде данде чIана


Анкьго сагIаталъ халат бахъарал дебатаздаса нахъе Британиялъул парламенталъ хамиз къоялъул къаси хIукму гьабун буго Сириялъул президент Башар Асадил режималде данде рагъулаб операция гьабичIого тезе.

Гьадинаб операция гьабиялда хурхараб хIукуматалъул резолюциялъе гIоло гьаркьал кьуна парламенталъул 272 вакилас.

Гьелде данде чIана – 285 вакил. КIудияб Британиялъул премьер-министр Дэвид Кэмероница лъазабуна, жив гьеб суалалда тIад хIалтIизехъин бугин парламенталъул хIукмуялде балагьулаго.
XS
SM
MD
LG