МагъчIваялъе рес

Сенаторасул тIурачIел анищал


Дагъистаналдаса миллиардер Керимов Сулейманил цIаралда гIемерал лъугьа-бахъинал рукIана Дагъистаналда. Гьел хурхарал рукIана, экономикаялда, политикиялда, спорталда ва рухIияб гIумруялда жанирги. Амма ахираб заманалда кIудиял хиса-басиял загьирлъун руго гьесул кIудияб бизнесалда жанир.

Белоруссиялъул цIех рехалъул комитеталъ арбагI къоялъ лъазабуна Дагъистаналда бизенсчи Уралкалий абураб компаниялъул хважаин Сулейман Керимовасда тIад такъсир гьабиялъул иш рагьихехъин бугин жидецаян.

Гьеб комитеталъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулев Павел Траулькоца информалатазе кьурал баяназда рекъон гьезухъ рагIула хIужаби Дагъистаналдаса бизнесчиясда тIад такъсир гьабиялъул иш рагьизе хIажатал далилал жанир ругеб.

Гьединго гьелда гъорлъе унел руго Керимовасулгун бухьен букIарал Белорусиялдаса чагIиги.

«Урал Калий» абураб компания ккола дунялалда тIадго калий абураб минералияб удобрение бича-хисулеб кIудияб фирма. Гьеб компаниялъул акциязул бищунго цIикIкIараб къадар 21 проценталъул бетIергьан ккола Сулейман Керимов. 2013 соналда лъагIан «Урал Калиялъул партнерлъун букIун буго «Белорусь калий» абураб компанияги.

Амма исана гьел кIиязулго цадахъ рекъон гьабулеб дармилаб хIаракатчилъи биххун буго.

Белоруссиялъул цIех-рехалъул комитеталъ абулеб буго «Уралкалиялъул» рахъалда ургъун бахъун гьабураб хIилла кколин гьеб. 2011 соналдаса нахъего хIадурлъулел рукIун ругин гьел гьелъие. Дармилал гьоркьорлъаби цебесеб даражаялда рекъон унел ругилан.

«Белоруськалиялъул» вакилзабазе маргьабиги рицун дунялалда тIадго калиялъул даран базаралда жанир цохIо жалго гурони хутIулеб хIалалъ белоруссиялъул партнерал гъоркье рехизе къачIадулел рукIун ругин гьел.

26 августалда цIех-рехчагIаз ккун вукIана «Уралкалиялъул» генералияв директор Владислав Баумгертнер. Гьесде гIунтIизабулеб буго хъулухъалдаса пайдаги босун заралиял пишаби гьари.

«Уралкалиялъул» генералияв директор рокьукъаб куцалда цех-рехчагIаз кквеялда жалго рази гьечIолъи загьир гьабуна Россиялъги. ХIукуматалъул нухмалъулев Дмитрий Медведевас вице премьер Шуваловасда тIад къан буго гьеб хIужялда хадуб хал ккун рукIине кколел тадбирал гьареян.

Гьанже ирга щванин живго Керимовасдегиян лъазабуна арбагI къоялъ Белоруссиялъул цIех-рехалъул комитеталъ. Юридикияб рахъалъ босаниги, бокьараб рахъалъ боасниги жидехъ гIурал далилал ругин олигархасда тIад такъсир гьабиялъул иш рагьизеян абулеб буго белоруссиялъул цIех-рехчагIаз.

Сулейман Керимовасул сверухълъиялдаса гьесда тIад такъсир гьабиялъул иш рагьизехъан букIиналда тIасан официалиял кинал ругониги баянал жеги лъицаниги кьечIо.

Керимовасул цIаралда хурхарал гIемерал проектал рукIана Дагъистаналда. Гьезда гьоркьосан бищунго гIадамаз кIалухъ бахъулеблъун букIана МахIачхъалаялъул клуб Анжи.

Амма дагьаб цебегIан ракIалдаго гьечIого кIуди-кIудиял хиса-басиял загьирлъана дагъистаналъул футболалда жанирги. Гьел загьирлъун руго живго Керимовасул кIудияб бизнесалда гъорлъги.

РакIалдаго гьечIого цере хадур тIоритIарал хIаязда цонигиялда бергьенлъи босизе кIвечIого Анжиялъул иш лълъаранибе ин цо-цояз хурхинабулеб буго живго Керимовасул бизнесалда жанир лъугьарал квал-квалазулъ, цогидазул пикруялда рекъон Керимовасул иш нахъаса нахъе ине байбихьана Дагъистаналъул нухмалъуде ГIабдулатIипов Рамазан вачIиндал.

Кинаб рахъалъулъха хIакъикъат бахчун бугеб?

Байбихьилин Анжиялдаса. «Известия» газеталъ гьарурал цIех-рехазда рекъон клубалъул нухмалъуде вачIараб 2011 соналдаса байбихьун Анжиялда тIад Керимовас хвезабун буго 450 миллион евро.

Жиндего гьесие щвараб хайирин абуни буго цIакъго мукъсанаб жо 500 миллион гъурущ.

Анжиялда хрухарал жеги гIемерал проектал рукIун руго Керимовасул, цIияб «Анжи-Арена» стадион къачIазе гьес харж гьабун буго 40 миллион евро. 2015 соналде лъималазул спорт цебетIеялъе хIисабалде босун букIун буго 700 миллион гъурущ биччазеги.

Гьединго Дагъистаналъул миллиардерасда ракIалда букIун буго цогиги «Анжи-сити» абураб 50 чиясе бакI бугеб стадион базеги. Узухъда гьел киналго проекталги Керимовас гьадинго гуро гьаризе рукIарал.

Гьел киналго рагIалде рахъине кканани Анжи букIине кколаан улкаялъул чемпионаталда бищунго цересел бакIазда. Амма гьанже гьел мурадал гIумруялде рахъиналъе ругел ресал цIакъго загIипал руго.

Анлъго хIаялдаса хадуб «Анжи» турниралъул таблицаялъул рачIчIалда хутIун буго.

ГIемерисез абулеб букIана «Анжиялъул» иш гьедин мекъса ккеялъе гIоло хIалтIулеб хасаб политика букIанилан. Амма жамгIияв хIаракатчи Хадулаев Шамилил пикру батIияб буго гьелда тIасан:

Хадулаев Шамил: «Гьелда гъорлъ политика бугилан абизе кIоларо дида. ХIалхьезегIан гIарацги кьун командаялде росарал футболистал цIакъго тIасан ккезе лъугьараб мехалъ гьесул ццин бахъана гьезад. Гьединлъидал гьес хIукму гьабуна гьел киналго нахъе ритIизе.

Нилъерго Дагъистаналда спортсменалги ракIарун клуб бечед гьабизе ракIалда буго гьесда. Балагьилаха гьелъ кинаб хIасил кьелебали».

Анжиялда хурхарал гурелги жеги гIемерал проектал рукIана Керимовасул Дагъистаналда хурхарал.

Гьел ккола Каспийскалда балеб бугеб цIер къотIулеб заводги, МахIачахъалаялъул дармил портги, Дагъистаналъул аэропортги.
МахIачахъалаялъул дармил порт Керимовасухъе ккун буго 2010 соналъ 12 соналъ гьелъул нухмалъулевлъун вукIарав Хархаров Абусупьян нахъе витIун хадуб.

Пачалихъияб Думаялъул депутат МухIамад ХIажиевасул вац АхIмад тун вуго гьелъул нухмалъулевлъун.

ХIажиев МухIамад Керимовасулгун лъикIаб гьоркьоблъиялда вукIиналъ щвараб хъулухъ кколин гьесие гьебилан хъвалеб буго аналитиказ.

Кин батаниги жакъа къоялъги порталъул лъалеб цебетIей лъугьинчIилан хъвалеб буго экспертаз.

Араб анкьида клубалъул тренеразулгун букIараб дандчIваялда Керимовас лъазабуна церчIарал захIмалъабазухъ ва ккарал хиса-басиязухъ балагьичIого бачIунеб щуго соналда жаниб МахIачхъалаялъул команда бищун цересел бакIазде бахъинабизе бугин жиндицаян.
XS
SM
MD
LG