МагъчIваялъе рес

КъватIисел улкабазул банказда гIарац кквезе гьукъараб къанун къуваталде лъугьана


Депутатазе ва пачалихъиял хъулухъчагIазе къватIисел улкабазул банказда гIарац кквезе гьукъараб къанун къуваталде лъугьун буго Россиялда. Гьениб гIарац бугел хъулухъчагIазе ва депутатазе гьеб гьениса нахъе босизе яги пачалихъияб хъулухъ тезе бихьизабун букIараб лъабго моцIалъул болжал рагIалде бахъана. Гьеб къанун хвезабурал чагIи хъулухъаздаса рахъизе руго божилъи гьечIел абун. Гьеб къанун къабул гьабун хадуб хIукуматалдаса нахъе ун вукIана бухьеназул ва коммуникациязул министр хисулев Денис Свердлов. Федерациялъул Щураялдасаги нахъе ун вукIана къватIисел улкабаздаса гIарац нахъ босизе бокьичIев чанго сенатор.
XS
SM
MD
LG