МагъчIваялъе рес

«Азербайджаналда россиялъулал кквеялъул гIайиб Россиялдаги буго»


Лезгиязул жамгIияв хIаракатчи Руслан Къасумов. Дербент, 2013 соналъул Июль моцI
Лезгиязул жамгIияв хIаракатчи Руслан Къасумов. Дербент, 2013 соналъул Июль моцI

ЦерегIан къояз азербайджаналъул къуваталалъул идарабазул хIалтIухъабаз ккурал лезгиязул культурияб автономиялъул нухмалъулезул лъабго гIагарав чиясул хIакъалъулъ жеги щибго хабар лъалеб гьечIин, гьел эркен гьариялъе Россиялъги букIине кколеб хIалтIи гьабулеб гьечIин бицана 15 июлалда Росбалт информацияоннияб агентствоялда тIобитIараб пресс-конференциялъул гIахьалчагIаз.

Пресс-конференциялда гIахьаллъи гьабуна лезгиязул культурияб автономиялъул нухмалъулез. инсанасул ихтиярал цIунулез, журналистаз ва жамгIиял хIаракатчагIаз.

Данделъи рагьулаго лезгиязул культурияб автономиялъул бетIер ГIарип Каримовас бицана Азербайджаналда ккурал россиялъул гражданал Саркаров Амилги, Бабаев Джавидги, азербайджаналъул гражданин Мамедов Эльдарги туснахъ гьарун рукIинги, гьезде наркотикал ричиялъул гIайиб гIунтIизабун букIинги гурони жидеда тIокIаб жо лъаларин.

Цониги азербайджаналъул официялияб идараялъ, гьел ккуразул хIакъалъул баянал кьейин, гьезде щиб ва щай гIайиб гIунтIизабулеб бугебилан лъазабеян, тIалаб гьабун жидеца хъварал кагътазе жавабги кьечIин, Россиялъул ва Азербайджаналъул вакиллъиялъги гьеб суалалъулъ жеги кинабниги кумекги гьабичIин абуна ГIарип Каримовас гьеб данделъиялда.
Саркаров
ГIарип Каримов: «Гьел туснахъ гьаруразул кIигояв ккола дир цебесеб гIагарлъиялъул чагIи. Джавид вуго дир яцалъул вас, Эльдар вуго дир лъадул вац. Саркаров Тариэлги нижер авномомиялъул исполкомалъул нухмалъулев Саркаров Амилил вац ккола.

Джавид ва Тариэл россиялъул гражданал руго, амма гьелде кIварго кьолеб гьечIо азербайджаналъулаз. Гьеб букIине бегьулеб жойищ батIияб хIукуматалъул гражданал рихьизе течIого, гьезул хIакъалъулъ щибго лъазе течIого туснахъалда тIами.

ТIадежоялъе киназдаго бичIчIулеб буго гьезда щибго гIайиб гьечIолъи, гьел наркотиказде аскIорецин къалел чагIи гуреблъиги. Гьел руго жидерго бизнесги бугел, киназго адаб-хIурматги гьабулел гIадамал.

Гьеб ургъунго дица нухмалъи гьабулеб лезгиязул культурияб автономиялъул хIалтIи къинабизе, нижее квалквалалъе гьабураб иш буго.

Ниж Европаялда хIинкъи гьечIолъи ва гьоркьоблъи букIинабиялъе гIуцIараб идараялде гьоркьоре унел рукIинги данде кколеб гьечIо гьезие»

Тарихчи ва журналист Руслан Къурбановасги лезгиязул культурияб автономия а цохIо Россиялда гурониги цойгидал пачалихъаздаги лъалеб букIиналъ ва гьеб тIолго дунялалъул халкъазда гьокьосел идарабазде гъорлъе лъугьун хадуб, цебеялдасаги дагьабги цIикIкIун лезгияздеги, гьезул жамгIиял идарабазде дандеги къеркьезе лъугьанин Азербайджанилан абуна пресс-конференциялда.

Къурбанов Руслан: «Азербайджаналда социялияб рахъ цIакъ нахъе ккараб букIиналъ, хIалтIизе бакIал гьечIолъиялъ гьезул халкъалда бугеб захIмалъиги къварилъиги бичIчIун нилъ руцIцIухIун чIун рукIуна гьел Россиялда хIалтIизе рачIараб мехалда.

Гьаб сагIаталда нилъер пачалихъалда 3 миллионгIан чи вуго гьезул. Гьеб гурониги гIемерал жамгIиял идараби ва азербайджаналъул халкъазул конгрессги буго Россиялда.

Гьеб киналъго бихьизабула нилъер пачалихъалда азерабайджаналъулазе жидерго миллияб культура цIунизе ва цебетIезабиялъе кьун ругел ресал. Дагъистаналдаги цойгидазда бащадго киналго ресал кьун руго азербайджаназе.

3 миллион чияз гIумру гьабулеб Дагъистаналда гьезул 90 чи гурони гьечIониги хъулухъаздаги руго гьел, ракьалги руго гьезухъ, гьел азербайджанал рукIунин абун кинабниги рахIатхвейги гьабуларо гьезие, амма Азербайджаналда гIумру гьабун ругел миллионгIан дагъистаниязда цо лъикIаб къо бихьизе течIо гьеб пачалихъалъ.

Бегьуларищ гьезие жидерго миллияб хаслъи цIуниялъе ресал кьезе? Жидерго пачалихъалда жаниб цойгидал халкъал инжит гьарураб гIечIого, Россиялдаги жидерго политика билълъинабулеб буго гьез.

Волгоградалдаги, Астраханалдаги ХIайдар ГIалиевасе монументал лъун, гьесул цIар ахазда лъун, Дербенталда Советская къватIалгиги ГIалиевасул цIар хисун гьез жидерабго билълъанхъизабулеб буго Россиялда.

Гьеб кинабгоги бихьун нилъерго гIадамазул ихтияралги, культураги, тарихги цIунизе Лезгиязул автономиялъ гьабулеб бугеб хIалтIи данде ккечIо Азербайджаналъе.

Гьелде тIадеги нижер идара гьитIинаб Цолъараб Миллатазул ГIуцIиялде гъорлъ боси ва нижее Европарламенталде нух щвей буго гьел гIадамал кквеялъе гIиллалъун.

Инсанасул ихтиярал цIунулеб «Гражданское содействие» гIуцIиялъул бетIер Светлана Ганнушкиналъ пресс-конференциялда бицана Азербайджаналда гIумру гьабун ругел цойгидаб миллаталъул гIадамазе гIемераб гIазаб кьунин гьеб пачалихъалъилан.

Щиб гьабунги гьел халкъазул миллияб хаслъи хвезабизе цIакъ хIаракат бахъанин Азербайджаналъилан.

Светлана Ганушкина: «Жакъа инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъ цIакъ квешаб бубго Азербайджаналда. Гьелъул квешлъиги бищун цебе азербайджанал гурел гьениб гIумру гьабун ругел цойгидал миллаталъул гIадамазда бихьула бищун цебе. Мисалалъе росилин Талышал.

Гьезул мацIги, культураги, миллияб хаслъиги тIагIинабиялъе азербайджаналъ гьабичIеб жо гьечIо. Рокъоб жидерго мацIалъ кIалъазе риччаларинцин рукIана цо заманалъ харбал. Талышазул жамагIатчагIиги цо-цоккун чIван, туснахъ гьарун тIагIинаруна.

Гьаб сагIатги гIакъуба кьолеб буго жидерго халкъалъул ихтиярал цIунизейилан лъугьарал талышазул вакилзабазе. Гьединабго хIал буго гьениб гIумру гьабун ругел дагъистаниязда сверунги.

Дида бичIчIуларо щай Россия кидаго буцIцIун чIун букIунебали гьел гIадамазе гIазаб кьолеб мехалда.

Гьаб нухалдаги россиялъул кIиго гражданин ккун вуго азербайджаналъулаз, амма гьезда хадув гIагарлъи гурев щивниги вахъун гьечIо.

Дир пикруялда рекъон гьел гIадамазул къисмат гьедин ккеялъе гIайиб азербайджаналъулаздаго гIадин Россиялдаги буго.

Цебе-цебеги Россиялъ жидерго гражданал цIунун рукIаралани гьаб ахIвал-хIал такрарлъулароан. Гьел гьанжеги хIинкъун буго лезгиял цолъизеги цолъун азербайджаналда гьоркьоса нахъе инилан»

Гьединго пресс-конференциялда гIахьаллъарав журналист Максим Шевченкоцаги инсанасул ихтиярал цIунулев, адвокат Валерий Борщевасги абуна Бабаевги, Саркаровги, Мамаевги кквеялдалъун лъугIизе гьечIила Азербайджаналъ лезгияздеги цойги миллаталъул вакилзабаздеги данде гьабулеб хIалтIи.

Гьединлъидал Россиялъ гьеб ахIвал-хIал хисизабизе кколилан.
XS
SM
MD
LG