МагъчIваялъе рес

«Вацал-бусурбабабазул» цIияб ахIи



«Вацал-бусурбаби» абулеб Мисралъул багъа-бачариялъ жиндирго рахъ ккуразде ахIи балеб буго «Ццидалаб рузман» лъазабун, цIидасан къватIахъе рахъеян абун.

КIиго къоялъ халат бахъараб зулмуялъул хIасилалда 620 чи чIван вуго ахирисел баяназда рекъон.

Цолъарал Миллатазул гIуцIиялъул ХIинкъи гьечIолъиялъул Шураялъ иргадулаб гуреб жиндирго данделъиялда Мисралъул халкъалда гьарана сабру бакIарун, миллияб маслигьат гьабизе.

Мисралъул заманалъулаб хIукуматалъ къабул гьабичIо халкъаздагьоркьосеб жамагIаталъ загьирабураб критика.

Хасго Цолъарал Штатазул президент Барак Обама гьабураб калам.

Гьес какана исламистазде данде хIинкъи гьечIолъи цIунулел хъулухъаз къуват хIалтIизаби. Мисралъул тIадтараз абулеб буго гьадинаб какиялъ къануналде данде кколареб къагIидаялда яргъид гIуцIарал къукъаби жидеде гьусинарулел ругин.


БакI-бакIалда тунка-гIуссиялги ккун руго Мисралда. ИсмагIилия шагьаралда полициялъулаз демонстрантазде кьвагьдана ва ункъго чи чIвана.

Дамьетта шагьаралда анлъго чи чIван вуго. ГIаммаб къадаралда рузман къоялъ жеги 14 чи чIван вуго Мисралда.
XS
SM
MD
LG