МагъчIваялъе рес

Кьолболал халкъазул ахIи


Гьал къоязда Симферополалда букIараб данделъиялда гIахьаллъарал Россиялъул регионаздаса, Украинаялдаса гIадамаз ахIи бана Дунялалъул Цолъарал Миллатазул гIуцIиялде, Европарламенталде, Россиялъул, Украинаялъул, Казахстаналъул, Азербайжаналъул нухмалъулезде жал гIисинал миллаталлъун рикIкIеян.

Гьез гIуцIана Евразиялда гIумру гьабулел кьолболал халкъазул Ассамблеяги.
Россиялдаса гьенир гIахьаллъана татаразул миллаталъул гIадамалги, гьединго Дагъистаналадса нугъаязул, кIаралазул, кубачиязул, гIахьвалазул ва цогидазул вакилзаби.

Гьел халкъал Дагъистаналда батIа кIанцIун чIарал халкъаллъун рикIкIунаро, магIарулал абун гурони. Гьедин гьезул кIудияб ракIхвей буго рагъул заманалда Дагъистаналъул вукIарав нухмалъулев ГIабдурахIман Данияловасда.

Гьезул пикруялда рекъон, миллат кIодолъизе гIахьвалалгун, кIаралал, гIандисел ва цогидал Данияловас магIарулазда гъорлъе хъванилан. Амма аваразул тарихчагIазулгун филологазул пикру батIияб буго.

Евразиялда гIумру гьабулел кьолболал халкъазул Ассамблеялдалъун жидеца Россиялъул хIукуматалдаса тIалаб гьабизе бугин халкъазда гьоркьосеб къотIи-къай хIисабалде босизабизеян бицана гьеб данделъиялда гIахьаллъарав МухIамад АхIмаднабиевас.

Гьев ккола кIкIаралазул жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулев.

МухIамад АхIмаднабиев: «Россиялъе къваригIун буго ниж лъабабилеб сорталъул чагIилъун рукIине. Нижин абуни ккола кьолболал гIадамал. Ниж Россиягун гьумер битIун кIалъазе руго. Республикаялъул нухмалъулев ГIабдулатIиповасги цогидазги – лъицаниги борхизе гьечIо гьеб суал.

Щайгурелъул хIукуматалда цере хIаял гьарулел ругелъул гьез. ЧIалгIун буго. Рагъ унеб буго, гIадамал чIвалел руго… Лъималазе нахъе щиб толеб бугеб? Хъулухъалъе гIоло мацIги ракьги бичулеб буго».

АхIмаднабиевасулалдаса батIияб пикру буго тарихчи Тимур Айтберовасул.

Тимур Айтберов: «Гьев вуго МухIамадги гьесда цадахъ вугев кIиго-лъабго чиги. Гьеб суал дандбазе ккола гьезул жамагIаталда. Гьезул мацIги цIакъ магIарул мацIалда релълъараб буго.

Цо нухалъ МухIамадица гьабураб доклад щун буго Гуржиялъе – НикIода Давахишвили абурав тарихчиясухъе. Гьес абуна гьев вугила гIурус националистазул чукъа.

Гьединал чагIиги ракIарун гIурус миллатчагIазе къваригIун бугила киса-кибго Кавказалда гIурус мацI билълъанхъизабизе. Гьезда абизабулеб бугила жал батIа кIанцIун чIараб миллат бугилан.

Гьеб жо гIурус пачаясул заманалдаго букIараб жо буго. Мун гIурусазул агент вугилан дица живго МухIамад АхIмаднабиевасда бадибеги абуна. Гьев вуцIцIухIун чIана доб мехалъ.

Шамилил заманалдаго гIурусазул разведкаялъ бакIарараб материал буго. Гьеб материал кьун букIун буго Кавказалда рагъулел рукIарал гIурусазул боязул нухмалъулев Рузинихъе.

Гьениб бицунеб буго кIкIаралал ракьалго гьечIел, доре рачIарал чагIи рукIун ругилан, магъало кьезе шартIги лъун гьезие ракьги хундерил ханзабаз кьунилан. Амма дица гьедин бициндал, гьеб захIмалъана гьезие».

Дагъистаналда бищун гIемерал аваразегицин миллаталъул даража кьун гьечIин абулеб буго АхIмаднабиевас.

КIкIаралалги, гIандиселги, гьинухъелги, цIумадиселги, цогидалги гIисинал миллаталлъун рикIкIунел гьечIебгIан мехалъ аваразул миллаталъул суалги цойиде ккезе гьечIин рикIкIунеб буго гьес.

Гьелъул магIна кколила умумузул ракьалда гIумру гьабулел рукIаниги, аваралги цогидал миллаталги гьеб ракьалъул бетIергьабилъун ккунгутIи.

Симферополалда тIобитIараб гьеб данделъиялда Крымалъул кьолболал халкъазул цIех-рех гьабулеб фондалъул нухмалъулев надир Бекировас бицана бицен гьабулеб суалалдехун дунялалда лъикIаб бербалагьи бугила, гIицIго Америкаялъул Цолъарал Штатал ругила дандечIун.

Гьединго Украинаялъги хашаб бербалагьи бихьизабулила гьелдехун.
XS
SM
MD
LG