МагъчIваялъе рес

ХIилла-макруялъул къурбаналищ, «гIайиб гьечIого «гIайибиялищ»?


Унсоколо мухъалда бугеб лъималаз хIухьбахъи гьабулеб бакIалъул нухмалъулелда тIад такъсир гьабиялъул иш рагьиялда сверун кIудияб ахIи-хIур бахъун буго Дагъистаналда. Пачалихъги махсароде ккун гьелъ хъулухъалдаса пайдаги босун чанго миллион гъурущ гIарцул бетIергьанлъун яхъине къасд гьабун букIиналъул гIайиб гIунтIизабулеб буго гьелде улкаялъул Генералияб прокуратураялъ.

Амма гьеб хасал чагIазул хIаркаталда рекъон жидеда тIад лъураб бугьтан бугилан абулеб буго Унсоколо мухъалъул лъай кьеялъул идараялъул нухмалъулес.

Лагералъул нухмалъулей ГIабдулаева Асиятица гьереси документалги гьарун микьго миллион гъурущ гIарац жиндего буссинабун бугилан абулеб буго Россиялъул Генералияб прокуратураялъ кьураб баяналда.

Унсколо мухъалда бугеб «НакIкIигъветI» абун цIар бугеб, лъималаз хIухьбахъи гьабулеб лагерь ккола гьеб. 2012 соналда гьенир хIухьбахъи гьабун рукIарал 1600 лъимералъе хIажаталъе харж гьабунин гьеб гIарацилан абулеб буго лагуралъул нухмалъулелъ.

Амма хIакъикъаталдайин абуни гьел лъимал гьеб соналда хIухьбахъуда рукIинецин рукIинчIилан абулеб буго прокуратураялъ. Гьеб хIужаялда бан рагьараб такъсир гьабиялъул ишалад рекъон ГIабдулаевалъе къотIизе бегьула туснахъалъул 10 сон.

Эркенлъи радиоялъ бухьен гьабуна Унсоколо мухъалъул лъай кьеялъул идараялъул нухмалъулев МухIамадгIалиев Лабазанилгун.

Гьеб кколин жинца нахмалъи гьабулеб хъулухъалдаса жив нахъе рехизе бокьарал цо хасал чагIаз ургъун бахъараб гьересиян бицана гьес жиндирго кIалъаялда.

Цебеги чанго нухалъ батIия-батIиял нухалги ралагьун хIалбихьанин гьез жидерго хъубаб къасд гIумруялде бахъинабизе. Гьезул хIасил ккечIеб мехалъ гьаб нухалъ ишан босун бугин лъималаз хIухьбахъи гьабулеб бакI.

Лагералъул нухмалъулей ГIабдулаева Асият кколей йиго Лабазанил хъизан.

Араб соналъул ноябрь моцIалдаса нахъе бугин гьелда сверухъ ахIи-хIур унеб, гьелъул хIакъалъулъ гьез хъвачIеб информациялъул алатги хутIичIин, я интернеталда я республикаялда къватIире риччалел газетазда.

Амма гъорлъе ракун халги гьабичIого биччараб, щибго кьучI гьечIеб хабар бугин гьезул гьебилан абулеб буго МухIамадгIалиев Лабазаница

МухIамадгIалиев Лабазан: «Гьел лъималги руго гьабсагIат чIаго, гьел гьенирги рукIана хIухьбахъи гьабулел, гIицIго гьезул сияхI хIадур гьабулаго эбел-инсул цIарал хъвалаго гъалатI ккун батIиялъ бахъинабураб ахIи-хIур буго гьезул гьеб.

Щив витIарав, щив тIекъавали диванханаялъ бихьизабила.

Диваналде материал битIеян гьезда хадув лъугьинецин ккана дун. Гьеб кинабго буго дир хъулухъ къваригIун ургъун бахъун гьез бухъараб питна».

Диванханаялъ халги гьабичIого, гьез хIукмуги къотIичIого кинабго рагIа-ракьанде щун Эркенлъи радиялъе бицине разилъичIо МухIамадгIалиев Лабазанги гьесул адвокат ЖахIбаров Юсупги.

ХIухьбахъи гьабулеб бакIалда рукIарал лъималазда цIех-рехги гьабун, гьез бицараб жоялде мугъчIвайги гьабун чIезабунин прокуратураялъ микьго миллион гъурущ Асятица жиндего буссинабун бугилан.

Амма гьединаб кIудияб гIарцул халгьаби гьабулеб мехалъ вачун ревизоргун, аудиторасги гьоркьоб гIахьаллъиги гьабун щайин халгьаби тIобитIичIебилан гьикъулеб буго адвокатас.

ЖахIбаров Юсуп: «ГIисинлъималаз бицунеб жоялдаги божун гьабулеб жойищ букIунеб цIех-рех? Гьебни цIех-рехчагIазул намус-яхIалда телаан. Гьез гIайиб гIунтIизабунилан абураб жоялда къакълъизе гьечIелъулаха иш.

Гьезде данде нижерго ритIухъалъи загьир гьабулеб далилал нижецаги руго хIадур гьарун.

Э.Р Кинал далилал гьел ругел?

ЖахIбаров Юсуп: «КигIан кIваниги чIагоял. Гъова вукIине кколаан лицензияги бугев, гьабулеб толеб жоялъе къиматги кьун бажарулев, жиндирго махщелги токIкIун лъалев ревизор.

Гъова абуни вукIана полициялъул хIалтIухъанас тарав щибниги бичIчIа-бикъи гьечIев аудитор.

Гъорлъе лъугьун хал гьабуни байбихьул классалда цIалулев цIалдохъанас гьабураб хIалтIуда релълъун буго гьез тIобитIараб халгьаби».

ХIасил калам гьеб гIарцуда хурхараб ахIи-хIур унеб бугин 2009 соналдаса нахъе, доб мехалъ гьелда сверухъ унеб букIараб цIех-рехалъул хIалтIи Буйнакскиялъул прокуратураялъ чIезе тун букIанин, гьелда тIад рагьараб ишги къан букIанилан бицана адвокат ЖахIбаров Юсупица.

Гьанже гьеб республикаялъул прокуратураялъ нахъойги цIигьабулеб бугин.

Гьанже кинабго бараб бугин диванханаялъ кинаб хIукму къотIилебали.

Гьеб лъугIичIого тIадеги баян кьезе бокьичIо гьесиеги, тIадехун рехсарав МухIамадгIалиев Лабазаниеги.
XS
SM
MD
LG