МагъчIваялъе рес

Чанги гьунар буго гIолилаз цIунун


Дагъистаниял Машукалда тIобитIулеб гIолилазул форумалда. 2011 соналда ГIизудинов ХIамзатица бахъараб сурат.
Дагъистаниял Машукалда тIобитIулеб гIолилазул форумалда. 2011 соналда ГIизудинов ХIамзатица бахъараб сурат.

Гьал къоязда Пятигорск Шагьаралъул Машук магIарда тIобитIизе буго кIудияб тадбир. Шималияб Кавказалдаса гIолилазул форум. Санайилго гIадин гьеб тадбиралда гIахьалъи гьабизе буго Дагъистаналдаса гIолилал васазги ясазги. Гьезул тIоцебесеб къукъа сапаралъ бахъине буго талат къоялъ.

Кавказалъул гIолохъабаз гьенире хIадурун руго батIи-батIиял проектал, рукIине руго пайдаял дандеруссинал, ахIизе руго кучIдул.

Исана Машукалда тIобитIулеб форумалда Дагъистаналдаса гIахьаллъизе вуго 250 чи.

Гьел ккола тIоцебесеб къукъаялда гъорлъе унел чагIиян бицана «Эркенлъи» радиоялъе ГIолилазул комитеталъул вакилзабаз.

Форум тIобитIиялъул тадбирал байбихьизе руго августалъул анцIила ункъабилеб къоялъ. Гьеб халат бахъине буго анкьица.

Кинабниги форумалда бергьарал проектазе грантазул фондалдаса харж гьабизе рагIула 100 миллион гъурущ.

Дагъистаналдаса форумалда гIахьаллъизе ругел гIолилал васазгун ясаз гьенир конкураслде хIадурун руго чанго батIиял проектал.

Гьел ккола сахаб гIумру гьабиялъул мисал, волонтеразул хIаракатчилъиялъул хIакъалъулъ, информациялъулал сурсатал гьединго культуриял тадбиралги гъорлъе рачарал проектал.

Гьел киналго хIадурун ругин бицана Эркенлъи радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда форумалда гIахьалъизе вугев Лабазанов МухIамадица.

ТIоцебесеб къукъаялда цадахъ Пятигорскиялде гьес сапар бухьине буго талат къоялъ.

Гъоркьиса бакIаралде дандеккун исанасеб форумалда рукIине ругин хиса-басиялин бицана информалтазе кьураб баяналда Шималияб Кавказалда вугев Президентасул вакил Хлопонин Александрица.

Мисалалъе араб соналда конкурсалда бергьарал проектазе кьолеб гIарац премия хIисабалда кьолеб букIун батани гьаб соналъ хIалтIизабизе рагIула грантазулаб система.

Гьедин пуланаб проеталда бергьенлъи босарав гIолилас хадуб рагIа-ракьанде щвараб баян кьезе кколеб рагIула гьеб гIарац кинаб мурадалда жинца харж гьабизе бугебали.

Щайгурелъул араб соналда гIолилазул форумалда бергьенлъи босарал цо-цо гIолилал интернеталдасан реццардун руго конкурсалда бергьун щвараб гIарцуде жидеца автомобиль босанилан абун.

Исана гьединал токIрорчIарал лъазабиял риччазе гьечIилан лъазабулеб буго президентасул вакилас.

Форумалда щвараб гIарац харж гьабизе кколин пуланаб пачалихъалъеги жамгIияталъеги пайдаяб проект гIумруялде бахъинабизе.

Хлопонинил гьеб пикруялда тIадрекъолев вуго Лабазанов МухIамадги:

Лабазанов МухIамад: «ГIадамазул магъалабаздаса гIуцIараб хIукуматалъул гIарац гьедин агъаз гьечIого харж гьаби битIараб букIинишха. Гьединлъидал дицаги рахъккола Хлопониница абулеб рагIул.

Исана гьаз билълъанхъизабулеб къагIида дида цIакъ битIараблъун бихьула щайин абуни, киналго гьенир рихьизарулел проектал хурхарал руго нусго кIинусго чиясда ва гьел гIумруялде рахъинариялъ кIудияб пайда кьезе буго гIолилал жамгIияб гIумруялде гьоркьоре цIазеги квешаб хвада-чIвадиялде гьел гьукъизеги».

Санайил Пятигорскиялда тIобитIулеб гIолилазул форум соналдаса соналде камиллъун, гIуцIиялъул ва гIахьалчагIазул хIаракатчиялъиялъул рахъалъ кIудияб даражаялде бахине бугилан рикIкIунеб буго Хлопониница.

Гьесул рагIабазда рекъон кида-къадги Машукалда тIобитIулеб тадбир сверизе буго Шималияб Кавказалъул ГIолилазул цогояб централде.

Амма гьелдаго цадахъ кочIон тезе бегьуларин жакъа гIолилазда гьоркьоб гьабулеб хIалтIи тIубанго рагIа ракьанде щун гьечIолъигиян абулеб буго гьес.

Жакъа кигIан гIемерал инвестициялъулал проектал гIумурялад рахъинарунигb, нус нус азар чиясе хIалтIизе бакI кьуниги бищунго кIудияб нахъекквейлъун хутIулеб бугин гIолилазул субкультура щвалде щвараб гьечIолъи.

ГIадатияб мацIалда абуни гьелъул магIна бугин жамгIияталда гьоркьов чисул къимат загьир гьабиян абулеб буго Кавказалда вугев президентасул вакилас.

Цересел соназда Машукалда тIоритIарал форумазул кумекалдалъун жакъа Дагъистаналда хIалтIулел руго чанго жамгIиял гIуцIабиги, миллияб маданият цебетIезабиялъул кьучIалда хIалтIулел идарабиги.

Мисалалъе гьезда гъорлъ рехсезе бегьула интернеталъул кумекалдалъун хIалтIулеб магIарулазул «Авар Тв» абураб проект, «Вацлъи «абураб жамгIияб гIуцIи, Дагъистаналъул блогеразул школа ва гьел гурел цогидалги гIолохъанаб гьунаралъ загьир гьарурал пикрабазул хаслъаби.
XS
SM
MD
LG