МагъчIваялъе рес

ГIиракъалда цIияб зулму


ГIиракъалъул тIадтаразул ахирисел баяназда рекъон шамат къоялъ батIи-батIиял шагьаразда гьарурал гьужумазул хIасилалда 69 чи чIван вуго, 200 гIанасев лъукъана.

Багъдадалда ругел ашбазазда ва базаразда аскIоб 12 кьвагьи бахъана. Аслияб къагIидаялда гиитаз гIумру гьабулел авалазда.

Кьвагдари рагIулеб букIана гьединго шиитазе хирияблъун кколеб Кербела шагьаралда, ан-Насирия шагьаралда ва Киркук шагьаралъул мажгиталда аскIоб.

Цолъарал Штатазул Пачалихъияб департаменталъ гьеб зулму какана.
XS
SM
MD
LG