МагъчIваялъе рес

«Анжиялъ» хIайранаб лъалкI течIо Дагъистаналда


МахIачхъалаялъул «Анжиялда» сверун бахъараб ахIи-хIуралъул дандерижи жеги гIодобцун гьечIо Дагъистаналда. Клубалдаса нахъе унел руго цIакъго гIемераб гIарацги кьун гьенире росун рукIарал футболистал. ГIагараб заманалда хъулухъалдаса рахъизе ругилан абулеб буго нухмалъиялъул рахъалдаса жавабиял хIалтIухъабиги.

Кинаб даражаялде гьалдаса хадуб Дагъистаналъул футбол бахине бегьулебали чIагояб бахIс унеб буго интернеталъул гьумераздаги.

Гьезда гьоркьосан аслиял хIужаби данде ракIаризе хIалбихьана «Эркенлъи» радиоялъул Авар-хъулухъалъги.

"Анжиялда" сверухъ лъугьараб ахIи-хIуралде кIвар кьоларев чи къанагIатги гьечIо гьал къоязда Дагъистаналда. ХIатта футболалдехун кIудияб рокьи бижичIевги чияс кIвар кьечIого толеб гьечIо гьеб суал.

Клубалъе нухмалъи гьабизе вачIаралда Керимовас гьелда тIад хвезабунщинаб гIарац харж гьабун букIарабани экономикияб рахъалъ нахъе ккараб Дагъистаналда чанги магIишаталъул бутIа чIаго гьабизе бегьулаанилан абулеб буго гIемерисел чагIаз.

ТIолалго дагъистаниязда цадахъго «Анжиялда» ккарал хиса-басиязда тIасан интеренеталда чIагояб бахIс унеб буго Россиялдаса спортивиял экспертазда ва футболалъул аналитиказда гьоркьобги.

Киназулго кIвар буссинабураб суаллъун бугин абизе бегьула гьалдаса хадуб кинаб даражаялде МахIачахъалаялъул клубалъул хIаракатчилъи бахинебан абураб.

ЦIар бугел, цIакъго кIудияб багьаги кьун клубалъ ричун росун рукIарал къватIиса хIукуматалдаса футболистаз цо-цоккун Дагъистаналъулун къо-лъикI гьабизе бугилан абураб баян тасдикъ гьабулеб буго чанго информ.алатаз кьураб баяналда.

Амма иш гьелда къокълъизехъан гьечIо.

ГIагараб заманалда хъулухъалдаса эркен гьавизе вугин клубалъул генералияв директор ГъазиахIмадов Айвазгин абураб баян бачIана шамат къоялъ къватIибе. Гьесул бакIалда щив толев вугевали жеги хъвалеб гьечIо.

ЦIияб даражаялда рекъон церетIезе кканани «Анжиялъ» тIоцебесеб иргаялда хисизе кколин нухмалъиялъул чагIиян загьир гьабулеб буго жиндирго пикру 2007-2010 соназда «Анжиялъул» бетIерав тренерлъун хIалтIулев вукIарав Омари Тетрадзеца.

Клубалъул цIияв тренер ХIажи ХIажиевасухъа бажаризе бугин гьеб масъала гIумруялде бахъине гьабунилан абулеб буго гьес. Живго ХIажи ХIажиевасги абуна цIакъго багьаял футболистал росун гуреб батIияб нухалда ун бахине бугин цIияб борхалъуде.

Официалияб Анжилъул клубалъ кинал ругониги баянал прессаялъе кьезе инкар гьабуле буго.

Гьединаб пашманаб хIасил Анжиялда ккезе букIин гьедигIан кIудияб балъголъи букIинчIилан рикIкIунеб буго МахIачхъалаялдаса ХIамзатхIажиев Абубакарица.

"Акула Каспия" абураб Анжиялъул фан-клубалъул вакил ккола гьев. КигIан церетIурал футболистал рукIаниги, Этооги, Траореги, Виллианги гьесда релълъараб къапилаги Дагъистаналъе кколин чияр улкаялъул вакилзаби.

Керимовас кьолеб гIарцудаса инкар гьабизе кIечIого рачIанин гьел Дагъистаналде, амма футбол бокьулел дагъистаниязул мурадал ритIухъ гьаризе гьезда ракIалда букIинчIин:

ХIамзатхIажиев Абубакар: «Дица кидаго абулеб букIана, гьебго пикру буго нижер фанклубалъулуги, жиндирго ватIаналъухъ нилъерго чиясул гIадин чияр улкаялдаса чиясул ракI унтуларо.

Цоялдаса цоял хириял футболисталги росун клуб машгьур гьабизеян лъугьана ал, нилъерго футболистал хIаялъул аслияб къукъаялде гъорлъе рачинчIого тахбакIал хинлъизарулел тана.

Гьез къварид гьарурал гIолохъабазул абуни мурад букIана гIарцуе гIоло гуреб, ракIбацIцIадаб куцалъ ватIаналъул футбол цебетIезабизе. Амма гьезул чIагояб хьул гIумруялде бахъине нух кьечIо»

ЦохIого-цо Анжиялъ ракIхвезаби гуребги Керимовасул бизнесалда жанирги загьирлъун кIудиял захIмалъабиян хъвалеб буго интереналда. Гьелъги батизе бегьулин гьес МахIачхъалаялъул клубалъул бюджет 50 миллионалде щвезегIан дагь гьабураб.

Гьединго Анжиялъул хважаинас хIукму гьабун буго Москваялда Сколково абураб бакIалда балеб букIараб иргадулал хIаязде хIадурлъиялъула тадбирал тIоритIулеб букIараб МахIачхъалаялъул клубалъул спортивияб базаги МахIачхъалаялде бахъизе.
XS
SM
MD
LG