МагъчIваялъе рес

Пахрудин МухIамадов: «Цебесеб командаялъ квал-квал гьабулеб буго»


Гъуниб мухъалъул администрациялъул бетIер Пахрудин МухIамадов
Гъуниб мухъалъул администрациялъул бетIер Пахрудин МухIамадов

Дагьалъ цебе Дагъистаналъул «Настоящее время» абулеб газетаялъ къватIибе биччана «БóцІухъанлъиялъул ракьал ричун мухъалъул администрациялъул бетIерлъун вахъине кин бегьулебилан» цIаралда гъоркь цо макъало. Гьелда бицен унеб буго Гъуниб мухъалъул администрациялъул бетIер МухIамадов Пахрудинил ва цо-цо пачалихъиял хъулухъчагIазул хIакъалъулъ.

Рехсараб макъалаялъул авторас батIи-батIиял гIайибал гIунтIизарулел руго гьел гIадамазде, амма гъозул цониги пикру мисалалъе бачун гьечIо. Гьелда бан нижеца телефонияб бухьен гьабуна Гъуниб мухъалъул администрациялъул бетIер Пахрудин МухIамадовгун.

Гьес абуна жинда цебе рагIизеги рагIичIин макъала хъвараб журналистасул цIар ва кигIан кIудияб гIамал гьабулеб бугониги гьев автор кодовеги щолев гьечIин. Жидее лъицаниги суалцин кьечIин макъалаялда бихьизабураб ахIва-хIалалда хурхараб. Жибго макъалаялда Пахрудиница абулеб буго гьеб бугьтан бугин:

please wait

No media source currently available

0:00 0:09:41 0:00
Интернет-мухъ
XS
SM
MD
LG