МагъчIваялъе рес

Башар Асадиде гьужум гьабун гьечIин


Хамиз къоялъ Сириялъул тахшагьар Димишкъиялда президент Башар Асадил кортежалде кьагьдей гьабун букIанин абураб хабар нахъ чIвалеб буго гьеб улкаялъул тIадтараз.

«Гьеб гьереси буго, ва президент лъикI вуго» - ян, лъазабуна пачалихъияб телевидениялдасан Сириялъул информациялъул министр Омран Зохбица.

Гьесул рагIабазда рекъон президент Башар Асадгун цадахъ жив гIахьаллъанин мажгиталда кIал биччараб къо кIодо гьабулеб тадбиралда.

Амма, жиндир иргаялда «Аль-Арабия» телеканалалъ къеркьохъаназул церехъабазул цояв Фирас Битарил баяналда мугъ чIвай гьабун лъазабуна, президентасул кортежалде гьитIинаб гумпарадул цо чанго гулла речIчIун букIанин гьев мажгиталде унеб мехалда.
XS
SM
MD
LG