МагъчIваялъе рес

5 сон тIубана Гуржиялъулгун Россиялъул рагъ багъараралдаса


8 августалда щуго сон тIубана Гуржиялъулгун Россиялъул рагъ багъараралдаса.

Гьелда бан Гуржистаналъул президент Михаил Саакашвилица «Рустави-2» телеканалалъе интервью кьолаго абуна, Россиялъулгун гьоркьобакI лъикIлъизаби гьеб бугин гIржиязул цIияб хIукуматалъул чIобогояб анищилан.

Россиялъул тIадтаразулгун жив кьегIер гьадин вукIанин байбихьуда, аммаила гуржи халкъалда бичIчIизе кколин Россия бацI киннигин бугин, гьединлъидал тIадаб бугин тIаса бищараб европаялъул нух ккун цебехун ине.

Жиндир и ргаялда Россиялъул премьер-министр Дмитрий Медведевас 2008 соналъул рагъ ракIалде швезабулаго гьелъул жавабчилъи Гуржистаналъул хIукуматалда базабуна.
XS
SM
MD
LG