МагъчIваялъе рес

Пакистаналда чIвадари


ГIага шагарго 25 чи чIван ва 40 гIанасев лъукъун вуго Пакистаналъул Кветта абулеб шагьаралда живго жинцаго чIвазе хIукму гьабурас кьвагьулеб алат хIалтIизабун.

Полициялъул бетIер Мир Зубаир МехIмудица лъазабуна, хIужа кканин полициялъул офицер вукъиялъул тадбир унеб мехалда.

Гьеб теракталъул жавабчилъи тIад жеги лъицаниги босичIо.

Белужистан абулеб гьеб вилаяталда гIемерал тIалибалги, батIи-батIиял сепаратисталги руго, ян дурус гьабулеб буго прессалъ.
XS
SM
MD
LG